iBet uBet web content aggregator. Adding the entire web to your favor.
iBet uBet web content aggregator. Adding the entire web to your favor.



Link to original content: https://av.wikipedia.org/wiki/ХӀукумат
ХӀукумат — Википедия Перейти к содержанию

ХӀукумат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Дунялалъул пачалихъал, бетІерлъи гьабиялъул формабазда рекъон кьераздалъул1
     Президенталиял республикаби2      Жубараб республикаби2
     Парламенталиял республикаби, президентасул тІураязулаб хІакимлъи бараб букІуна парламенталда.      Парламентариял республикаби2
     Парламентарияб конституционалиял монархиял      Конституционалиял монархиял, жидеда монархасул кодоб унгояб хІакимлъи бугел, гІемериселъ (амма кидаго гуро) загІипаб парламентгун.
     Абсолютиял монархиял      Цопартиялъулал пачалихъал
     Пачалихъал, хІукуматалъул хІакъалъулъ конституциялъулаб хІалал чІезе тарал (мисалалъе рагъулал диктаторлъиял)      Пачалихъал, тадегІан рехсарал системабазул цонигиялде гъорлъе унарел (мисалалъе, заманалъ ругел хІукуматал).
1 Гьаб карта гьабун буго Википедиялда бугеб бетІерлъи гьабиялъул формаялда рекъон пачалихъазул сияхІалда рекъон. Гьенир ралагье иццазухъ.
2 Цо-цо пачалихъазе, конституциялда рекъон гІемерпартиязулаллъун рикІкІунел, къватІисел хал-шалчагІаз сипат кьолеб буго авторитариял хІисабалда. Гьаб картаялда бихьизарун буго цохІо "де юре" бетІерлъиялъул форма, де факто демократиялъул даража гуреб.

ХІукумат — тІадегІанаб[1][2][3][4] пачалихъалъулаб нухмалъиялъул коллегиалияб тІураялъулаб идара, жибги гІуцІулеб улкаялъул пачалихъалъулаб нухмалъиялъул идараялъул нухмалъулездалъун ва цогидал пачалихъиял хъулухъчагІаздалъун, ялъуни (гІатІидаб магІнаялда) пачалъихъалъулаб нухмалъиялъул гІаммаб система[1].

ХІукуматалъе нухмалъи гьабула хІукуматалъул бетІерас, жив гьелдаго цадахъ пачалихъалъу бетІерлъунги вукІине бегьулев; батІи-батІиял пачалихъазда хІалтІизарула батІи-батІиял цІарал, мисалалъе: «премьер-министр», «хІукуматалъул вакил», «министерзабазул шураялъул вакил».

ХІукуматалъул аслияб масъала ккола пачалихъалъул тІадегІанаб къанункьеялъул идараялъ (парламенталъ) тасдикъ гьарурал къанунал гІумруялде рахъинари. Гьеб мурадалдалъун хІукуматалъ ва цогидал пачалихъалъул нухмалъиялъулал идарабаз риччала къануназдагъоркьал актал, жидер къануназулаб къуват бугел. Чанго пачалихъалда хІукуматалъул буго къанункьеялъулаб инициативаялъул ихтияр: хІукуматалъул бетІер хІитІабине бегьула улкаялъул къанункьеялъулаб идараялде кинаб букІаниги къанун тасдикъ гьабиялъул, хисизабиялъул яги хвезабиялъул инициативагун.

ХІукуматалъул гІуцІи

[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІукумат гІуцІиялъул принципал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІукІуматалъул функциял

[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІукуматалъул навгІал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
Демократиялъул индекс EIU-ялда рекъон, 2017.[5]
Дунялалъул административиял мартабатал
Пачалихъал федеративиял (гІурччинал) ва унитариял (хъахІилаб) хІисабалда рикьулеб карта.


Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ a b Экономика. Баянкьеялъул рагІибусс. / д. э. н. Осадчая И.М. — Москва: ИНФРА-М, 2000.
  2. ^ И. С. Масликов. Юридикияб рагІибусс. — Дашков и Ко, 2010. — ISBN 978-5-394-01098-9.
  3. ^ Т. Ф. Ефремова. Современный толковый словарь русского языка. В 3 томах. — АСТ. — Т. 3. — ISBN 5-17-035822-9.
  4. ^ Большой энциклопедический словарь / Прохоров, Александр Михайлович. — Большая Российская энциклопедия, 2002. — ISBN 5-85270-160-2.
  5. ^ "Democracy Index 2017 – Economist Intelligence Unit" (PDF). EIU.com. Щвей 17 February 2018. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)

КъватІисел регІелал

[хисизабизе | код хисизабизе]