Анталия
Внешний вид
Шагьар
Файл:Анталья-коллажІ.jpg
Картаби рихьизаризе/рахчизе
|
Анталия (тур. Antalya) — шагьар, курорт ва ралъдал порт Туркиялъул жанубалда (югалда) бугеб. Гьебго цIаралъул илалъул административияб центр, ралъдал уровеналдаса 30 метраялъул борхатлъиялда бугеб. Шагьаралда гIумру гьабулеб буго 1 073 794 чияс (2012 с.), амма риидал гьеб къадар бахуна 2 миллион чиясде, щайгурони гьенире рачIуна гIемерал туристал. Анталия бикьун буго кIийиде: цIияб ва басрияб.